21абилеб майeto
21абилеб май — Григорианияб каленьдаралда лъагIалил 141-абилеб къо (високосныял сонаца 142-абилеб). ЛъагIел сверизе хутIула 224 къо.
Лъугьа-бахъинал
Байрамал[хисизабизе | вики-текст хисизабизе]
- Космосалъул международныяб къо.
- ХIалти гьечIолъиялдаса цIуниялъул къо.
- Индия, терроризмаялде дандечIеялъул къо.
- Канада, Виктория бика гьаюраб къо.
- Россия, Тихоокеанский военно-морской флот гIуцIцIараб къо.
- Чили, Военно-морской флоталъул къо.
РакIалде щвеялъул къоял[хисизабизе | вики-текст хисизабизе]
- СПИДалдаса хварал ракIалдещвеялъул къо.
Лъугьа-бахъинал[хисизабизе | вики-текст хисизабизе]
- 1091 — Русалда тIоцебесеб хъвай-хъваялда бугеб бакъкквей.
- 1499 — Эспаньолаялъул (гьединаб цIар кьуна Христофор Колумбица жинцаго рагьараб Гаити чIинкIиллъиялъе) рагIа-ракьан гьечIел ихтияралгун бетIерлъун адмираласул бакIалда Франсиско Бовадилья (Francisco de Bobadilla) тана.
- 1502 — Португалиязда тIад хIалтIулев вугев, Испаниялъул мореплаватель Жуан да Новаца (João da Nova Castella) рагьана Африкаялдаса 1950 километраялъ бакътIерхьудехун чIун бугеб "Святая Елена" чIинкIиллъи. ЧIинкIиллъиялъ ккун буго 122 га ракьалъул.
- 1541 — Северияб Америкаялъул бищун кIудияб гIор Миссисипиялде аскIоре щварал европейцаллъун ккола Эрнандо Де Сотоясул (Hernando de Soto) бетIерлъиялда гъоркь рукIарал испаниял.
- 1635 — Франция лъугьана Лъебергосонилаб рагъулъе (1618—1648 сс.)
- 1712 — Пётр Iас Россиялъул тахшагьар Москваялдаса Петербургалде бахъана.
- 1804 — Парижалда рагьана Пер-Лашез халбал.
- 1840 — Новая Зеландия лъугьана Британиялъул колониялъун.
- 1842 — Гоголил «Мертвые души»ялъул тIоцебесеб тIехь къватIибе биччана.
- 1851 — Австралиялда батана тIоцебесеб месед.
- 1859 — Лондоналда Биг Бен сагIат хIалтIизе биччана.
- 1861 — Югалъулаб Каролинаялъ СШАялдаса батIалъизе хIукму гьабуна.
- 1864 — Москваялда рагьана Россиялда тIоцебесеб зоологикияб сад.
- 1881 — Америкаялъул Красный Кресталъе кьуч лъуна.
- 1892 — Киевалда биччана Россиялда тIоцебесеб электрикияб трамвай.
- 1900 — Россиялъ аннексировать гьабуна Манчжурия.
- 1904 — Парижалда гуцIцIана ФИФА - футболалъул международнияб федерация.
- 1916 — Великобританиялда, дунялалда тIоцебесеб нухалъ хIалтIизабуна роол заман.
- 1918 — Киевалда батIи-батIиял партиябазул вакилзабаз гIуцIцIана Украинаялъул миллиябгун-пачалихъияб союз.
- 1921 — Украинаялда гIуцIцIана Г. Петровскиясул бетIерлъиялда гъоркь лъайгьечIолъи тIагIинабиялъул комиссия.
- 1921 — РСФСРалдаги Грузиялъул ССРалдаги гьоркьоб хъвана союзалъулаб договор.
- 1930 — Москваялда Югославиялъул коммунистазул партиялъул бутIрул жанир тIамуна.
- 1930 — Москваялъулги Ленинградалъулги гIадамаз карточкабаздалъун босулаан: хIалтIухъаби — 800 грамм чадил, 200 грамм гьанал (щибаб къоил), 3 килограмм крупаялъул, 600 грамм нахул, 1,5 килограмм чакаралъул, 10 хоно, 800 грамм селедкаялъул (щибаб моцIалъ). Хъулухъчаги — 400 грамм чадил, 100 грамм гьанал (щибаб къоил), 1,5 килограмм крупаялъул, 300 грамм нахул, 1,5 килограмм чакаралъул, 10 хоно, 500 грамм селедкаялъул (щибаб моцIалъ). Лъималазе чед, гьан, селедка ва крупа бихьизабун букIинчIо, гIицIго 400 грамм нахулги, 0,5 килограмм чакаралъулги ва 20 хоно щибаб моцIалъ.
- 1991 — Алла Пугачева яхъана кIудияй эбеллъун. Лондоналда Кристина Орбакайтеца гьавуна вас Никита.